МагIарул мацIги басмаги – миллаталъул кIиго кваркьи

МагIарул мацIалда тIоцере гьарурал хъвай-хъвагIаял ккола гуржиязул хатIалъ гьарурал, ХII-ХIV гIасрабазде данде кколел. Ислам Дагъистаналда тIибитIигун гьелъул киналго халкъазе щвана цIияб хъвай-хъвагIай — «гIажам». ХIХ гIасруялъул байбихьуда, гьеб гIажам алфавит хIалтIизабун, байбихьана басмахана (литотипография) рагьизе. Дагъистаналда рагьун букIана гьеб заманалда чанго жалго бетIергьанал басмаханаби, гьездасан бищун машгьураблъун ва гучаблъун букIана МухIамад-Мирза Мавраевасул Темир-Хан Шураб рагьараб басмахана. Гьеб букIана Гъуниб округалъул ЧIохъ росулъа магIаруласул гьунар ва жигарчилъи, магIарул мацIалда литотипографиялъул къагIидаялъ тIахьал къватIире риччазе гIоло гьабураб къеркьей. Гьеб гьесухъан бажарана, данде чIварал захIмалъабазухъ балагьичIого.
АнцIила анкьго соналъ хIалтIана М. Мавраевасул басмаханаялда, гьебщинаб заманаялъ, къватIире риччана гIемерал диниял, тарихалъул тIахьал цохIо магIарул мацIалда гурелги, лъарагI, лак, дарги чачан ва цогидал мацIаздаги. М. Мавраевасул хIакъалъулъ гIатIид гьабун хъвараб А. ГIисаевасул материал бахъун букIана араб соналъул «НасихIат» газетазул 50-51-абилел номеразда.
Доб заманаялда М. Мавраевас гьабураб хIалтIи букIана магIарул халкъалда гьоркьоб гIажам хатI, хъвай-хъвагIай тIибитIизаби, гьезул лъай, маданият борхизаби ва гьел гурел цогидалги мурадазда гьабураб.
МагIарулаз цIакъ гъираялда къабул гьаруна ва гьабсагIатги пайда босулеб буго 100 соналъ цере гьесул басмаханаялда риччарал диниял тIахьаздаса.
Гьединго, 1912 соналдаса байбихьун, къватIибе биччалеб букIана «Джаридату Дагъистан» абураб газета. 1917-1918 соназ, хIурият бергьун хадуб, риччалел рукIана магIарул мацIалда «Аваристан», «БагIарал мугIрул», лъарагI ва лак мацIаздаги газетал.
1920 соналъ М. Мавраевасул литотипография къала ва гьев вачуна цIирагьараб Дагъиздательствоялъул типографиялда нухмалъулевлъун.
1928 соналъ гIажам алфавит латиналде сверизабула ва гьеб хатIалда газета, журналал, тIахьал риччала 1938 соналде щвезегIан, хадуб гьеб хисула киррилицаялде, ай гIурус алфавиталде ва жакъа къоялде щвезегIан нилъеца гьеб алфавит хIалтIизабулебги буго.
МагIарул мацIалда хъвай-хъвагIай байбихьаралдаса нахъе ана гIемераб замана, амма мацIалъул цебетIей гурони, нахъе ккей букIинчIо гьаб ахираб гIасруялде щвезегIан. Дагь-дагьккун лъедерлъулеб буго магIарул мацI, гIемерисезе, лъалеб букIаниги, кIалъазе бокьулеб гьечIо гIагараб мацIалда, гьединго, тун буго тIахьал, газетал-журналал цIалиги. Гьеб буго жакъасеб магIарулазул унти, эбелаб мацI кIочене тей, нилъерго мацIалда кIалъазе чIухIи ва цогидал миллатазда цере нилъго нилъецаго суризари.
Амма Мавраевасул заманалдаса байбихьун басмаялъул, ай печаталъулаб ахIвал-хIал хиси гьечIеб букIаниги, щибаб районалда ва цо-цо шагьараздаги, магIарул мацIалда газеталгун ва республикаялъул журналал риччалел рукIаниги, иш лъикIаб рахъалдехун унеб гьечIо.
ГIемерисел хъвадарулел чагIаз жиндирго росдал тарих ва тарихиял лъугьа-бахъинал гIурус мацIалда хъвалел буго. Гьебги буго цо рахъалъ мацI мукъсанлъиялъе гIиллалъун. Араб соналъ магIарул мацIалда риччарал тIахьазул къадар цIакъго мукъсанаб буго кинабго 5-6 тIехь, гIурус мацIалда риччалел тIахьазул къадар цIикIкIараб буго.
Доб заманалда гIадин Муса МухIамадовасул «ЧIегIераб гамачI», «Къисас», «Лъукъарал кьураби», Расул ХIамзатовасул «Дир Дагъистан» ва гьел гурелги цогидазул асаразул гIадаб машгьурлъи гьанже тIахьал хъвалел гIадамазул гьечIо. Щай абуни, ракI унтун рахьдал мацIалда гьел хъвалел чагIи цIакъ дагьал гурони гьечIо, тIахьал цIалулелги гьебго даражялда руго.
Гьезда гьоркьоб цIар рехсезе мустахIикъай гIадан йиго магIарулазул поэтесса-прозаик Париза Гереева. Гьелъул «Къисмат», «ГIумрудул лахIзатал» абурал тIахьал магIарулаз цIакъ гъираялда къабул гьаруна ва «НасихIат» газеталъул гьурмазда магIарул мацI бокьулез гIишкъу бергьун цIализеги цIалана.
Бокьарав авторасул лъикI хъвараб тIехь машгьур гьабулел чагIи ккола цIалдолел ва халкъ. Халкъалъул цIалуде гъира гьечIони кинабха гьелъул хIасил букIинеб. ТIагIунеб мацIги букIина, миллияб мацIалда хъвалел тIахьазул къадарги дагь букIина. КигIанго кIудиял харжал гьарун къватIире риччалел тIахьазулги дагьал рукIаниги, гьединго газетазулги магIна щибха букIинеб цIалулел гьечIеб мехалда.
Нилъер магIарул мацIалда къватIире риччалеб газетал-журналазул къадар бахуна гIага-шагарго 20-ялде. Рехсезин магIарул районазул газетазул цIарал:
1. ГIахьвахъ район — «Заман».
2. Болъихъ район — «Гьудуллъи».
3. ЦIумада район — «ЦIумадисезул гьаракь».
4. Гумбет район — «Гумбет».
5. Казбек район – «Чапар».
6. Хунзахъ район – Росдал захIматчи».
7. Унсоколо район — «Ахихъан».
8. Хьаргаби район – «Церехун».
9. Шамил район — «Цолъи».
- 0. Гъуниб район – «Гъуниб».
11. ЧIарада район – «ЧIарада».
12. ЛъаратIа район — «ЛъаратIа».
13. ЦIунтIа район — «Дидойские вести» (гIурус мацIалда).
14. «Гьудуллъи» — магIарулазул республикаялъулаб журнал.
- «МагIарулай» — магIарулазул республикаялъулаб журнал.
- «Лачен» — лъималазул журнал авар мацIалда.
17. «ХIакъикъат» — магIарулазул республикаялъулаб газета.
18. «НасихIат» — Хасавюрталда биччалеб магIарулазул газета.
19. «Ассалам» — динияб газета.
20. «Миллат» — магIарулазул газета (гьаб къан чанго сон буго) ва гь. ц.
Суал бачIунеб буго, гьабщинаб печаталда биччалеб газета-журналалги рукIаго, (тIахьазул бицен гьабулебго гьечIо) кин нилъеда кIолеб нилъерго рахьдал мацI кIоченеги, цIаличIого рукIинеги, цIализе лъаларилан чIезеги? Школазда тIоцебесеб классаздасан байбихьун 11 классалде щвезегIан малъулеб буго авар мацIги адабиятги. ГIемер рукIинчIониги, цIалул программаялда рекъон цо-цо сагIаталда гIей гьабун чIечIого, мугIалимзабазги хIаракат бахъизе ккела лъималазул цIалуде гъира базабизе ва рахьдал мацIалде рокьи бижизабизе. Гьелъул рахъалъ Хасавюрт шагьаралъул школазул авар мацIалъул мугIалимзабаз цIакъ хIаракат бахъулеб буго мацI цIунизеги, лъимал батIи-батIиял конкурсазда, семинаразда гIахьал гьаризеги, мацIгун тарихалда хурхарал тадбирал тIоритIизеги. Гьединаздасан цIарал рехсезе мустахIикъал руго 4 школалъул мугIалим МахIмудова Умукусум, 17 школалъул мугIалим Бадрудинова Заира, 19 школаъул мугIалимзаби МуртазагIалиева ТIавусай, ГIалиева Сайгибат, Алхасова Хадижат ва гь. ц.
РакIчIараб буго нилъер магIарул миллаталъ, нилъерго цIарги, мацIги, тарихги, ирсги билизе теларилан ва гIун бачIунеб гIелалда мисалги бихьизабилилан. Щивасул рекIелъ ватIаналде рокьиги, къо ккаралъуб бахIарчилъиги, чилъи-яхIалъул даражаги, умумузул ирс цIуниги бугони, гьеле гьев чи ккола унго-унгояв магIарулав, авар миллаталъу вакил, бачIунеб гIелалъ мугъ чIвалеб хIуби. Гьединаллъун рукIаги киналго авар миллаталъул чагIи!
Россиялъул печаталъул къоялъул байрам баркулаго, бокьун буго киналго хъвадарулезе, мухбирзабазе, типографиялъул хIалтIухъабазе щулияб сахлъи, творческияб цебетIей ва талихIаб гIумру гьаризе.
ГI. НурмухIамадов